текст песни Имам Шамиль, а так же слушать и качать онлайн свободно в mp3.


Имам Шамиль от певеца Абакар Джамалудинов - одно из лучших произведений автора. Истинный шедевр, которым можно наслаждаться весь день. Тем не менее у нас на сайте есть ещё много разных музыкальных произведений, которые так же заслуживают вашего внимания.

Певец: Абакар Джамалудинов

Песня: Имам Шамиль

Сколько длится: 05:08

Текст песни просмотрен: 974

Понравилось?: 0



Скачать песню в mp3

Все песни певца Абакар Джамалудинов


Вот текст песни:


Цо нухалъ Шамилица Ведено шагьаралда
Щибаб рат-раталдасан ахIана наибзаби.
АхIана Шамилица хъахIлъарал гьакъилзаби
ГIедегIарал мюридаз бакIарана жамагIат.
Нилъ гIемерал кьвагьдана […]
[…] кьурал гьазда лъала.
Гьанже цо хабар буго халкъ нижер данде базе.
Бицана гьас букIараб, ракIалде щвана хварал.
Хаду буги ахиралдав […] гIодой виччан,
Дунги гIумруда лъугин гIузраби чорхолъ ругин
ГIадан херлъарал мехалъ хехдаризе лъугьунел.
Нужги дунги хваниги Дагъистан хутIулилан.
Ригьда […] гьабун лъикI
Лъица Имам хисисилев рагъалъи ахир гьечIеб
Нухал гьетIарал руго гьенисанго бачунел
[ЧагIи] къваригIун руго
Гьединги абун Имам, ана [тIалгIабазухъел]
КIиялго жиндир васгун аскIосел гIадамалгун
Ана сверухъ балагьун чалмаялда кверги лъун
Чан хIинкъулев [лагадул], ворхатав магIарулав
МугIрузда гIазу буго, гIедегIана жамагIат
[…] цIияб хабарги босун
Руссана наибзаби кIуидулал насабалъе
Къаси сардида щвана ХIажимурад ГIандиве
Гьевгун цадахъ вукIана цеве-нахъе балагьун,
ГIинде шурун кIалъалев цо кIудияв мацIихъан.
МацIихъаби кидаго кватIуларо ишалъе
Гьезул [кинигин…] хIлтIулеб сагIат гьечIин.
Наиб, дуда рагIарабищ кIудиясул хабар?
Ханжар тун чIумал росун гъос [гь]абун тараб [лаза].
Кинаб хIукму рагIичIеб, унго дуда лъаларищ
Имам лъун жиндирго вас къачIалев вуго Шамил.
Дагъистаналъе тIокIав бегьулебищ [щивго чи]
Щурай гении бичулев, Генусев гуронани
Гьел харбахъ гIин тIамизе дир гIемер заман гьечIин
Имам Шамил гIадинав щибго мугIрузе гьечIо.
КIиявго нухлулазул хабар гьелда къокълъана
Къаси сардида нахъа ГIанди росулъги щвана
Хадуб ХIажимурадил чирахъ гIодоб кьурун
МацIихъан гIедегIана Веденой Шамилихъе.
Шамил дур ахирисеб […]
Хунздерил наибасул лъалаго хIал хисана
ХIажимурад […] имамлъиялъул бицун
Цо чиясул иш гурин Дагъистан кколебилан.
Жив вугила Хунзахъа щулияв магIарулав
Щурай гени бичизе
Генул гьавун гьечIин жив,
Чалма къазе тIагъурги,
Тагъур лъезе бетIерги
БатIияб гьечIищ абун дур тухумалъул гуреб?
Шамилица гьикъана, гьеб дуда рагIанищан?
Данде гьас жаваб кьуна, жиндаго рагIанилан!
Имам, дур шиклъи ккани дур хIалбихьиялъе,
АхIун ХIажимурадгун гьикъе гьеста дуцаго.
Гьес инкар гьабунани гьале аскIо дун вуго
Гьанисан ГIанди росу гIемераб рикIкIада гьечIо.
Унеб буго ГIандиве Шамилил рекIарав чапар.
Гьесул чвантине буго тIад мугьру чIвараб амру.
АхIулеб буго гьелда, метер щамат къоялде
Веденной Шамилихъе шваилан ХIажимурад.
Шамилил амру жендихъ чапарас кьураб мехалъ
Чуялда кьили лъезе хехлъичIо ХIажимурад.
Шамил валагьун чIана, бана лъабго-ункъго къо.
Дов мацIихъан вачIана гьасул рукъалъул кIалтIе.
Дагьалъ чIун Шамилица ХIажимурад гьикъана
ХIинкъанин мун вихьизе гъовилан жаваб кьуна
Дие Шамил хIажат гIечIин
Гьесие […] хIажат лъани
Дун хIадурав вугилан
ВачIа дихъе живгоин
Цадахъ васги вечеин
Виччан те бихьзеин
Лъица квер […] гьабулеб гьанже Дагъистаналда.



Видео:

Абакар Джамалудинов Закон гор Кулизанов 2014



Обмен мнениями:

Хотите высказаться?


Введите код ниже: